Изоглосса
![](http://upload.wikimedia.org/wikipedia/commons/thumb/8/8f/Faroe_Islands_isoglosses.svg/300px-Faroe_Islands_isoglosses.svg.png)
Изоглосса, гьединго гьетероглосса–йинги абула, ккола цо цоцинаб мацӀалъул хаслъул географияб гӀурхъи, масала, рагьараб гьаракь аби, рагӀул магӀна, яги цоцинаб морфологияб яги синтаксисияб хаслъи хӀалтӀизаби. Изоглоссаби ккола диалектологиялдацӀалулеб субйект, гьениб эз мацӀалъул регионалал диалектазда гьоркьоб бугеб батӀалъи чӀезабула; ареалаб лингвистикалда, эз бихизабула бухьен бугел мацӀазулӀ цоцаздаса хаслъи босул даража; историкияб лингвитикалъул карачелаб моделалда, эз хал гьабуламацӀазул хъизаналда гъорлӀ ругезул релълъенги батӀалъиги.
Аслиял диалектал, цикӀкӀаниселъ, гӀорхъола изоглоссазул квацӀидалъун, тӀадгерман цогидал бакътӀерхьул герман мацӀаздаса батӀа гьабулеб Бенратил хӀучч гӀадал, ва Ла Специя–Римини хӀучч, жиндица хьондасел итал ва Италиялдаса бакътӀерхьуда ругел роман мацӀал централал итал ва Италиялдаса бакъбаккуда ругел роман мацӀаздаса ратӀа гьарулеб. Амма индивидуалаб изоглоссалъул букӀине яги букӀунгутӀизе бегьула яги бегьуларо кинаб бук аниги котерминус мацӀазулаб гӀурхъигун. Масала, /y/ цебе-гургинлъуца къотӀула Франция ва Германия, цинги /y/ гьечӀо италги испанги рагӀабазулӀ, жал эбго рагьарабгун бугел паранс рагӀабазе гӀагарал кколел.
Бищунго лъалел изоглоссазул цояб ккола кентум-сатем изоглосса.
Изоглоссалда релълъараб, изограф ккола хъвавул системадул батӀабахъул гӀаламатлъун. Гьеб кӀиябго концепт гьединго хӀалтӀизабула историкияб лингвистикалда.
Этимология
Мисалал
Центум–сатем изоглосса
Индо-европиял мацӀазул хъизаналъул кентум–сатем изоглосс хурхараб буго прото-индо-европияб (ПИЕ) мацӀалъул дорсалал рагьукъазул батӀи-батӀияб эволюциялда. Стандартияб реконструкциялда, дорсалазул лъабго сериялъул рикӀкӀуна:
Лабиовелар: | *kʷ , | *gʷ , | *gʷʰ |
Велар: | *k , | *g , | *gʰ |
Палатал: | *ḱ , | *ǵ , | *ǵʰ |
Цо-цо гӀаркьалабазда (мисалалъе грек, италиял, германиял), палаталал цолъана веларалгун: ПИЕ *keup- "сорой (жаниб)" лӀугьана латин cupiō "бокьи"–лъун ва *ḱm̥tom "нусго" лӀугьана латин centum (цӀалула [kentum], кентум абун); амма *kʷo- "гьикъул цӀарубакӀ" лӀугьана quō "кин? киб?" рагӀилъун. Эл лъала centum гӀалкьалаби гӀадин, жидее нусго бихьизабулеб латин рагӀуд цӀар кьурал.
Цогидал гӀаркьалабазда (масала, балто-славиял ва индо-ираниял), лабиовелариял цолъана велариялгун: ПИЕ *keup- лӀугьана ведияб санскриталъул kopáyati "гьанкӀолеб" ва *kʷo- лӀугьана авест kō "щив?" рагӀабилъун; амма *ḱm̥tom лӀугьана авест satəm–лъун. Эл лъала satem гӀаркьеллъун, нусго абулеб аверс рагӀуд цӀар щварал.[1][2]
Референсал
- ^ Fortson IV, Benjamin W. (2004). Indo-European Language and Culture. Blackwell Publishing. гьл. 52–54. ISBN 1-4051-0316-7.
- ^ Rix, Helmut (2001). Lexikon der indogermanischen Verben. Dr. Ludwig Reichert Verlag. гь. 359. ISBN 3-89500-219-4.
Библиография
- Chambers, J.K.; Trudgill, Peter (28 декембер 1998). Dialectology. Cambridge Textbooks in Linguistics (2nd ред.). Cambridge University Press. ISBN 0-521-59646-7.
- Woodard, Roger D. (31 май 2004). The Cambridge Encyclopedia of the World's Ancient Languages. New York: Cambridge University Press. ISBN 0-521-56256-2.