Кампора-Сан-Джованни
Кампора-Сан-Джованни
Campora San Giovanni
|
Ка́мпора-Сан-Джова́нни (итал. Campora San Giovanni, неап. Campura San Giuvanni,сиц. Campura Santu Janni) — ккола къилабияб Италиялда Калабрия регионалда бугеб шагьар. 2012 соналъ гьабураб халкъалъул рикІкІеналда рекъон, гӀадамазул къадар бахуна 7 340 чиясде. Ракь — 6.2 км².
Ракьхъвай
Кампора-Сан-Джованни буго Тиррен ралъадалъул рагӀалда, гьениб бугеб цо тӀалъиялда тӀад. АскӀор ругел борхалъабазда чагъир гьабизе хьала цӀибил ва батӀи-батӀиял нахулал культураби. Гьанисан панарома байбихьула Ламеция-Терме заливалдасан роцӀцӀарал къояца жиндир кӀкӀуй гьенисан бихьулеб Стромболи вулканалде швезегӀан. Кампораялъул порталдасан ралъдал бухьен буго Эолий чӀинкӀилъиялда швезегӀан.
Гьава-бакъ
- перенаправление Шаблон:БакӀалъул климат
Экономика
Экономикаялъ туризмалда ва рекьариялда мугъ чІвай гьабула.
Округалда гьединго буго ралъдал курорт. Туризм цебетӀеялъе кӀудияб роль хӀала 2003 соналъ бараб порталъ, Липар чӀинкӀилъабазухъ унеб нух жинца бигьа гьабулеб.
Дарам-базаралъе кӀудияб кумек гьабула шоссе SS18, маххулнухлул гӀаркьел, халкъаздагьоркьосеб Ламеция-Терме аэропортгун тӀубараб округалъулго бухьен гьабулеб АЗ автострада гӀадинал транспортиял коммуникацияби рукӀиялъ.
Росаби
Кампора-Сан-Джованни шагьаралъул сверухълъиялда руго гьал хадур рехсарал росаби:
|
|
|
|
|
|
Тарих
Античнияб заманалъ Кампораялъул ракьалда букӀун буго ТӀадегӀанаб Грециялъул кӀиго шагьар:
- Темеза (яги Темпса) — Къилабияб Италиялда авсониязул бищунго некӀсияб шагьар, хадуб жиб румалъул калониялъун лъугӀараб[1].
- Клете.
Гьеб кӀиябго цоцалалгун тушманлъи гьабулеб шагьар пиратаца биххизабуна.ГӀадамал магӀарде лъутана. Хаду гьеб шагьар лъагьана тӀаде рачӀарал финикийцазул, греказул, румазул, варваразул, гӀарабазул, византийцазул ва норманназул коллониялъун.
Гьанжесалаб заманалда экономикаялда тӀоцебесеб бакӀ ккола ах-хуралъ ва туризмалъ.
Маданият
БакӀал
XIV гӀасруялъул борхатаб си буго цохӀого-цо бугеб некӀсияб бакӀ. Гьелъие цӀарги швана бакӀалъулаб мацӀалда U Turriune-абун («кӀудияб си»). Цо дагьаб цебе бана порт (2002) ва мукъадасав Паолоса Францискасул цӀаралда бугеб площад. ГӀемерисал бертаби,гӀидал гьенир гьарула, аскӀор ругел росабаздасан гӀадамалги рачӀуна гьенир.
Калабриязул богогьанлъи
БакӀалъулаб богогьанлъиялда жаниб уна пер-хералъул ва ччугӀаялъул квен, гьединго гӀатӀалъул кондитерлъиялъулаб тӀагӀам, болъоналъул гьанил сосискабиги.
Чагъир
Шагьаралда гьарулел чагъираздасан ккола Savuto ва Gallo тайпаби.
Кампораялда гьарурал
- Анджело Вадаччино, (1890—1976), партизан, крестьянин ва сиясатияв активист, кампорессаца гьесда «Мастер Анджело»-абун цӀар лъуна.
- Фабриццио Филиппо, канадагун-американияв актёр ва сценарист.
- Фабиан Маззай, аргентинагун-испанияв актёр ва сценарист.
- Джером Руджеро, итальянияв модельер, машгьурав бихьиназул ретӀелалъул устар.
ХӀужаби
Линкал
- Викигъамасалда руго [[Commons:Category: Campora San Giovanni Викигъамасалда|Кампора-Сан-Джованни]] темаялда хурхарал медиафайлал
- Proloco Campora San Giovanni
Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо. Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай. |