Димишкъ
Тахшагьар
Димишкъ
دمشق («Дима́шкъ»)
|
Димишкъ (гӀар. دمشق, «Дима́шкъ»)[1] - ккола Шамалъул тахшагьар ва ХIалебалдаса хадуб бищун кIудияб Шамалъул шагьар. Димашкъ ккола бищунго некIсиял шагьараздасан — тIоцебе рехсана нелъер эраялдаса 2500 соналъ цебе. Гьединго Димашкъ буго Леванталъул (пар. Soleil levant — «бакъ бакки», гIадатияб гIурус мацIалда — Обетова́нная земля́) динияб ва маданияталъул марказ. Ва жеги гьеб рикIкIула Шамалъул тахшагьарлъун[2].
Тарих
Димищкъалъие кьучI лъураб заман мухIканго лъалеб гьечIо. ГIараб тарихчи Ибн Асакирас (XII гIасру) чIезе гьабулеб буго НухI авараг(гIалайгьи салам) жиндирго гамида хвасарлъараб мехалдаса ракьалдаго тIоцебе къедалъе кьучI гьанибе лъунилан. Ва гьесго чIезе гьабулеб буго шагьаралъе кьучI лъураб заман - нелъер эраялдаса IV гIасруялъ цебе[3]..
ГIадамал
2012 сонил рикIкIеналда рекъон Димишкъалда вуго 1 907 471 чи[4].
Дин
ГIемерисел гIадамал бусурманал-суннитал ккола. Насраниял ккола шагьаралъул 10%. Димишкъалда буго 2000 мажгит.
Тарихиял бакIал
Димишкъалъул каваби
Дишкъалда буго 7 каву Румазул Империялъул заманалдаго рукIарал:
- Баб-эль-Сагир («ГьитIинал каваби») — гьанире рукъун руго 2 МухIаммад аварагасул ﷺ чIужу, тоцебесав будун - Билал, ва гьединго машгьурав гIалимчи - Аль-Фараби.
- Баб-эль-Фарадис («Алжаналъул каваби»)
- Баб-эль-Салам («Саламалъул каваби»)
- Баб Тума («Тумал каву») — название восходит к имени апостола Фомы, ведут в христианский квартал Старого города
- Баб Шарки («Машрикъалъул каваби»)
- Баб Кисан — румаз жедерго хъанч - Сатурние барал каваби.
- Баб-эль-Джабия[5].
Мажгитал
- Сайид Зейнабил мажгит (аэрапорталде унеб нухда)
- Сайид Рукъыйялл мажгит
- Омейядазул мажгит — Сириялдаго бищунго кIудияб мажгит.
Церегосел рукъзал
Гьава-бакъ
Рии букIуна шагьаралда багIарарабги бакъварабги. ЦIадал къанагIат гурони раларо. ЛъагIалида жаниб гьаниб бараб цIцIадалъул къадар 130 мм бахуна, гьебги гIемерисеб хасало. Гьоркьо-гьоркьо хасало гIазуги базе бегьула. Гьаниб гьуразулъ(ай январ) моцIцIалъул гъоркьохъеб температура +27,3 °C бахуна[6].
Культура
Шагьарал-вацал
|
Музеял
- Дамаскалъул Миллатияб Музей
- Си Азем
- Рагъул музей
- ГIараб хъвай-хъваялъул музей
ХIужаби
- ↑ http://syriagate.com/2077/فندق%20الشام%20-%20دمشق Archived 2016-03-11 at the Wayback Machine syriagate.com
- ↑ Дамаск
- ↑ История возникновения столицы Сирии
- ↑ Syrien: Die wichtigsten Orte mit Statistiken zu ihrer Bevölkerung. World Gazetteer
- ↑ "Old Damascus". Архивация оригинал (2011-05-11). Халагьи 2014-07-07.
{cite web}
: Invalid|url-status=хвараб
(квеки) - ↑ «Погода и Климат»